МИНИСТЕРСТВО ПРОСВЕЩЕНИЯ РОССИЙСКОЙ ФЕДЕРАЦИИ МИНИСТЕРСТВО ОБРАЗОВАНИЯ И НАУКИ РЕСПУБЛИКИ ДАГЕСТАН МР «БОТЛИХСКИЙ РАЙОН» МКОУ «Тандовская СОШ РАССМОТРЕНО СОГЛАСОВАНО УТВЕРЖДЕНО на методическом совете Зам. директора по УВР директор МКОУ "Тандовская СОШ" Зиявудинова М.М. Протокол № «___»__________ 2023 г. « » 20__ г. Э.А. Исаева Приказ №54-Д от 31.08.2023 г. РАБОЧАЯ ПРОГРАММА учебного предмета «Родной язык (аварский). Базовый уровень» для обучающихся 1-4 классов Тандо 2023 Родной язык (аварский). Авар мац1. Программаялъе баян Программа хIадур гьабуна байбихьул школалда тIуразаризе хIисабалде росарал хIасилалги, Обществоялда инсанасул рухIияб рахъ, хьвадачIвадиялъул къагIидаби церетIеялъул ва гьесие тарбия кьеялъул концепцияги, Байбихьул школалъул лъайкьеялъул федералияб пачалихъияб стандартги Х1.С. Вакиловасул авторскияб программаги кьочIое росун. Рабочая программа составлена на основе следующих нормативно - правовых документов: 1. Федеральный закон от 29.12.2012 г. № 273-ФЗ «Об образовании в Российской Федерации»; 2. Федеральный государственный стандарт начального общего, основного общего и среднего (полного) общего образования, утв. Приказом Министерства образования и науки РФ от 17.12.2010 г. № 1897; 3. Концепции духовно-нравственного развития и воспитания личности гражданина России.М.: Просвещение, 2011. 4. СанПиН 2.4.2.2821-10 "Санитарно-эпидемиологические требования к условиям и организации обучения в общеобразовательных учреждениях". Постановление № 189 от 29.12.2010г. 5. Федерального перечня учебников, рекомендованных Министерством образования и науки Российской Федерации к использованию в общеобразовательном процессе в образовательных учреждениях от 31.03.2014 года № 253. 6. Федеральная образовательная программа начального общего образования 2023 г. 7. «Положение о рабочих программах учебных предметов, учебных курсов (в том числе внеурочной деятельности), учебных модулей в соответствии с требованиями Федеральных основных образовательных программ» утвержденный по приказу №40-Д от 22.06.2023 г . 8. Учебный план МКОУ «Тандовская СОШ». 9. Авторской программы Вакилов Г.С. Махачкала 2017г Учебно-тематический комплект: 1 класс - З.М.Курбанов «Букварь» 2-4 классы - Х1.С.Вакилов «Авар мац1» 1 класс Байбихьул школалда авар мацI лъазабизе бихьизабун буго кинабниги 270 сагIат: 1 классалда 66 сагIат кьун буго, анкьида жаниб 2 саг1ат, ц1алул анкь 33; 2 – 4 классазда авар мацIалъул дарсазе 68 сагIат кьун буго (щибаб классалда 34 цIалул анкь, анкьида жаниб 2 сагIат) Курс лъугIун хадуб кьолел хIасилал Байбихьул школа лъугIарал цIалдохъаби гьал хадусел хIасилазде щола: Напсиял хIасилал 1. Жиндирго ВатIаналдаса, Россиялъул ва Дагъистаналъул миллатаздаса гьезул тарихалдаса чIухIиялъул асар бижизаби, жив цо кинаб бугони къавмалъул ва миллаталъул чи вукIин бичIчIи. 2. Цоцазда рухьарал, амма цоцазда релълъинчIел тIабигIаталдехун, миллатаздехун, маданиятаздехун ва диназдехун цолъи цIунараб, ай кIибикьичIеб, обществоялда гIадамазул гIумруялда, гьезул гьоркьоблъиялда бухьараб бербалагьи бижизаби. 3. Цогидал миллатазул маданияталдехун ва гьезул тарихалдехун, гьединго батIияб пикруялдехун цIуна-къараб балагьи бижизаби. 4. ЦебетIун хисулеб дунялалде черх ругьунлъизаби. 5. ЦIалиялдехун интерес бижизаби. 6. Обществоялда чиясул хьвада-чIвадиялъул къагIидабазул ва гIадамазул гIумруялда, гьезул гьоркьоблъиялда бухьараб (ай социалияб) ритIухълъиялъулги эркенлъиялъулги кьучIалда жинца гьарурал ишазул жавабчилъиги жибго жиндаго чIараб, цогиялда бухьинчIеб хасиятги цебетIезаби 7. Эстетикиял бичIчIиял, хIажалъаби ва бечелъаби лъугьинари. 8. Цогидал гIадамазе кумекалъе хIадурав, ният лъикIав, хIалхъублъи гьечIев, гIадамазе лъикIлъи гьабулев инсан вахъинави. 9. ГIел бащадазда ва цIикIкIаразда цадахъ хIалтIизеги щулияб гьоркьоблъи гьабизеги бугеб бажари цебетIезаби, тIадкIалъай бугеб, дагIбадулаб ахIвал-хIалалдаса ворчIизе нух батиялъул бажари цебетIезаби. 10. ХIинкъи гьечIеб, паракъатаб, чорхое (сахлъиялъе) пайдаяб гIумру гьабизе мурад лъей; творческияб хIалтIуде гъира ккезаби, ай творческияб къагIидаялъ хIалтIизе бугеб бажари цебетIезаби; материалиял ва рухIиял бечелъабазул тIалаб-агъаз гьабизе бажари. Метапредметиял хIасилал 1. ЦIалиялъул мурадал ва масъалаби цере лъезе ва гьел тIуразариялъул къагIидаби ралагьизе бажари. 2. Цебе лъураб масъалаялде ва гьеб масъала тIубазабиялъул шартIазде балагьун, жиндирго цIалиялда рухьарал ишазе къимат кьезеги, гьезда хадуб хал кквезеги, гьезул план гьабизеги бугеб бажари лъугьинаби. 3. Информация кьезе ишараялъулгин символикиял алатаздаса пайда боси. 4. Хурхен гьабиялъул, ай бухьеналъулал ва нахъгIунтIиялъулал масъалаби тIуразе, каламалъул алатал жигаралда хIалтIизари. 5. Информация балагьиялъул (баян кьолел тIахьаздаса), гьеб бакIариялъул, гьелда тIад хIалтIиялъул, гьелъул анализ гьабиялъул, гьеб гIуцIиялъул ва кьеялъул, гьелъул магIна бичIчIизабиялъул батIи-батIиял къагIидаби хIалтIизари. 6. Цере лъурал мурадазда ва масъалабазда рекъон, батIи-батIиял стилалъул ва жанразул текстал бичIчIун цIализе бажари. 7. Цо чIванкъотIарал предметметал дандекквезеги, гьезул анализ ва синтез гьабизеги, гьел гIаммлъизаризеги, кинал ругониги гIаламатаздалъун тIелазде рикьизеги, цоцада релълъинаризеги, гIиллаялъулабгин цIех-рехалъулаб бухьен чIезабизеги, гьезда тIаса пикрузагьир гьабизеги бажари, ай логикиял хIалтIаби гьаризе лъай. 8. Накъиталъе гIахьаллъи гьабулев чиясухъ гIенеккизеги, диалогалъулъ гIахьаллъизеги, батIибатIиял пикраби рукIиналъе ва щибасул жиндирго хасаб пикру загьир гьабизе ихтияр букIиналъе мукIурлъизеги, жиндирго пикру загьир гьабизеги, гьелъие далил бачинеги разилъи. 9. ГIаммаб мурад цебе лъезеги гьеб тIубазабиялъул нухал ралагьизеги бажари; цадахъ гьабулеб хIалтIи щибасда гьоркьоб бикьизе, къотIи-къай гьабизеги, цадахъаб хIалтIулъ цоцазда хадуб хал кквезеги, данд рекъон кколеб хIалалъ жиндир ва сверухъ ругезул хьвада-чIвадиялъе къимат кьезеги бажари. 10. Лъилниги рахъ кквечIого, щивас загьир гьабураб пикруги хIисабалде босун, дагIба-рагIи къотIизе бажари. 11. Предметиял ва предметазда гьоркьосел аслиял бичIчIиял лъай. 12. ЦIалулъ жинца кьолел лъикIал яги квешал хIасилазул гIилла бичIчIизеги, нагагьлъун цIалулъ нахъе ккани, гьениса ворчIизеги бажари. Предметиял хIасилал 1. Россиялда ва Дагъистаналда батIи-батIиял мацIал ва маданиятал рукIинги, гьел цоцада рухьарал рукIинги, мацI щибаб миллаталъул аслу кколеблъиги бичIчIи. 2. МацI миллияб маданияталъул аслуги гIадамал цоцада ричIчIиялъул ва гьезда гьоркьоб бухьен чIезабиялъул алатги кколеблъи цIалдохъабазда бичIчIи; авар мацI Дагъистаналъул пачалихъияб мацI кколеблъиги, гьелъ магIарулазул миллатал цоцада рухьинарулеблъиги лъай. 3. Авар мацIалъул (битIунабиялъул, лексикаялъул, грамматикаялъул, битIунхъваялъул, лъалхъул ишараби лъеялъул) нормабазул ва каламалъул этикаялъул къагIидабазул хIакъалъулъ авалиял баянал лъай. 4. Инсанасул гражданлъи ва гIаммаб культура бихьизабулеб гIаламат хIисабалда битIараб кIалзул ва хъвавул каламалдехун лъикIаб бербалагьи букIинаби. 5. ЗахIматал гурел текстал гIуцIулаго, бухьеналъулал масъалаби тIуразаризе, дандекколел мацIалъул алатал тIаса рищизеги, цогидазда кIалъалаго, цере лъурал мурадазул, масъалабазул ва мацIалъул алатазул хIисаб гьабизеги бажари. 6. ГъалатIал гьечIеб хъвай-хъвагIаялъ жиндирго культураялъул даража загьир гьабулеблъи бичIчIи; текстал хъвалаго, лъалхъул ишараби лъеялъул ва битIунхъваялъул къагIидабаздаса (правилабаздаса) пайда боси. Хъвараб жоялъул хал гьабизе бажари. 7. Фонетикаялъул ва графикаялъул, лексикаялъул, рагIи лъугьиналъул (морфемикалъул), морфологиялъул ва синтаксисалъул; мацIалъул аслиял бутIабазул, гьезул гIаламатазул ва гьел каламалъулъ хIалтIизариялъул хаслъабазул хIакъалъулъ авалиял баянал лъай. 8. МацIалъул грамматикиял категориял, гьелъул аслиял бутIаби ратIа рахъизе лъаялъул ва гьезул анализ гьабиялъул бажариял лъугьинари. Курс лъазабун лъугIун хадуб кьолел хIасилал ЦIалдохъаби ругьунлъула: - кIалзулги хъвавулги калам батIабахъизе; - хIарпалги гьаркьалги ратIарахъизе; - рагьарал ва рагьукъал гьаркьал ратIарахъизе; - гьаркьал хIарпаздалъун рихьизаризе, гьаркьазул анализ гьабизе; - геминатал битIун абизе ва гьел хIарпаздалъун рихьизаризе; - лабиалиял гьаркьал битIун абизе, гьел хIарпаздалъун рихьизаризе; - къокъаб тексталъулъ предложениял ратIа гьаризе; - предложение гIуцIизе (бицун); - предложениялъулъ рагIаби рихьизаризе; - схемабаздаса пайдаги босун, рагIи слогазде биххизе; - слогалккун рагIи цIияб мухъиде босизе; - предложениялъул интонация цIунизе; - тексталъул тема баян гьабизе, гьелъул аслияб пикру загьир гьабизе, текст бицине; - хасал цIаразул бетIералда кIудияб хIарп хъвазе; - тексталъулъ цоцазда рухьарал магIнаялъул рахъалъ дандекколел рагIабазда хадуб халкквезе; - сураталдасан яги гIумруялъулъ лъугьараб асаралдасан текст гIуцIизе, тексталъе цIар ургъизе, гьелъие суалал лъезе; - форма хисарал предложениял ва текстал гъоркь рукIахъе къачIазе ва гьезул анализ гьабизе; - рагIабаздасан предложение, предложенияздасан текст гIуцIизе ва гьезуланализ гьабизе; - мугIалимасул кумекалдалъун абулеб къагIидаги хъвалеб куцги батIиял рагIаби баян гьаризе, битIун хъван ругищали хал гьабизе кколел рагIаби ратизе; - предметал, предметазул гIаламатал, гьезул ишал рихьизарулел рагIабазе суалал лъезе, гьел рагIабазе къваригIарал магIнаялъулал суалал тIаса рищизе Курсалъул материал Хъвай-цIали малъи Хъвай-цIали малъи гIуцIун буго кIиго бутIаялдасан: 1. ХIадурлъиялъул заман. 2. ХIарпал малъулеб (букварияб) заман. Хъвазе-цIализе малъула гьаркьилаб аналитикиябгун синтетикияб методалдалъун. Хъвай-цIали малъи ккола цадахъаб тадбир: цIализе малъиялда цадахъ хъвадаризеги ругьун гьарула, гьебги щулалъизе гьабула калам цебетIезабиялъул хIалтIаби тIоритIулаго, ай гьаркьаздасан рагIи, рагIабаздасан предложение, предложениял дандран хабар гIуцIизе ругьун гьарулаго. Фонетика. Каламалъул гьаркьал ва гьезул характеристика. РагIул магIнаги гьелъул гьаркьилаб гIуцIиги цоцада рухьарал рукIин бичIчIи. РагIулъ жалго жидедаго чIарал гьаркьал рихьизари. РагIулъ гьаркьазул къадар ва тартиб чIезаби, сипат-суратаблъулалгин символиял схемабазулъ гьел хъвай. Рагьарал ва рагьукъал гьаркьал ратIа гьари. Гьел схемабазулъ рихьизари. Абиялъул бищунго гьитIинаб бутIа хIисабалда слог. РагIаби слогазде риххи, рагьарал, къарал ва рахарал слогал. Ударение. РагIулъ ударение тIаде кколеб бакI бихьизаби, ударение бугелги ударение гьечIелги слогал ратIа рахъи, РагIабазул слогалъулабгин гьаркьилаб анализ гьабизе (рагIулъ гьаркьазул къадар чIезабизе, рагIул бетIералда, бакьулъ, ахиралда букIаниги, гьеб гьаракь бугеб бакI лъазе, ударение бугеб слог бихьизабизе) лъай. Графика. Гьаркьал ва хIарпал ратIа рахъи: хIарп гьаркьил ишара ккола. Гьаркьал хIарпаздалъун рихьизаризе бажари. Е, ё, ю, я рагьарал хIарпал. Ъ гьаракь ва х1арп. Ь хIарп. Гьез тIубалеб хъулухъ. Авар алфавиталъулгун (хIарпазул тартибалъулгун) лъай-хъвай гьаби. ЦIали. Слогалккун цIалиялъул бажари лъугьинаби. Лъимералъул хасаб темпалда дандекколеб хехлъиялда слогалккун ва рагIабиккун цокIалаяб цIали. РагIаби, рагIабазул дандраял, предложениял ва къокъал текстал бичIчIун цIали. Лъалхъул ишарабазда рекъон лъалхъи гьабун ва интонация цIунун, цIали. ЗахIматал гурел гьитIинал текстал ва кучIдул бичIчIун ва пасихIго цIалиялъул бажари цебетIезаби. Живго жиндаго чIун яги мугIалимасул кумекалдалъун цIалараб текст, такрар гьабун (ай цIидасан), бицин. РагIаби, къокъал предложениял, захIматал гурел гIитIинал текстал гIедегIичIого битIун цIализе ругьун гьари. МугIалимас абун яги тIаде балагьун, хъвараб жо хал гьаби мурадалда хал кквезе, битIунхъваялъул къагIидабиги цIунун, цIализе ругьун гьари. Хъвадари. Хъвадарулаго битIун гIодор чIезе, тетрадь партаялда лъезе, ручка, къалам битIун кквезе лъимал ругьун гьари. КIудиял ва гьитIинал хIарпал битIун хъвазе ва гьел рагIабазулъ цолъизаризе бажари. Гигиеналъул нормабиги цIунун, хIарпал, слогал, рагIаби, предложениял хъвазе ругьун гьари. БацIцIадаб ва бичIчIулеб (ай бигьаго цIализе кIолеб) хатIалъ хъвадаризе лъай. Цин мугIалимас тетрадазда кьурал, цинги азбукаялда ругел рагIаби ва предложениял, тIаде балагьун, хъвазе лъай. МугIалимас абурал рагIухъе хъвалел рагIаби ва гьединал рагIабаздаса данде гьарурал предложениял хъвазе бажари. Текст, тIаде балагьун битIун хъваялъул тартиб ва къагIидаби лъай. ХIарпаздалъун рихьизаруларел графикиял гIаламатаз (ай рагIабазда гьоркьоб хутIараб чIобогояб бакIалъ, рагIаби цо мухъидаса цоги мухъиде рикьун росиялъул ишараялъ) тIубалеб хъулухъ бичIчIи. РагIи ва предложение. РагIи анализ гьабиялъул материал ва цIех-рех гьабиялъул предмет (ай объект) кколеблъи бичIчIи. РагIул лексикияб магIнаялда хадуб халкквей.РагIи гьаркьаздасан гIуцIун букIунеблъи лъай. Цоцазулгун гьоркьоблъи гьабиялъулъ рагIул бугеб кIвар лъай. Предметал, предметазул гIаламатал ва предметазул ишал рихьизарулел рагIаби каламалъулъ битIун хIалтIизаризе бажари. РагIаби ва предложениял ратIарахъизе бажари. Предложениялъулъ рагIаби ратIа гьаризе, гьезул тартиб хисизе бажари. Предложениялъулъ интонация цIунизе лъай. БитIунхъвай. ТIоцебесеб классалда гьал хадусел битIунхъваялъул къагIидабазулгун лъай-хъвай гьабула: - рагIаби ратIатIун хъвай; - геминатал ва лабиалиял гьаркьал хIарпаздалъун рихьизари; - хасал цIаразул бетIералда ва предложениялъул авалалда кIудияб хIарп хъай; - рагIаби слогалккун цо мухъидаса цоги мухъиде роси; - предложениялъул ахиралда лъалхъул ишараби. Калам цебетIезаби. Тексталъул хIакъалъулъ авалияб бичIчIи. Тексталъулъ предложениял ратIа гьари. Тексталъулъ предложениял цолъизари. ГIенеккун рагIараб ва жинцаго цIалараб текст бичIчIи. Берзулгин сипатиял мисалазул (моделазул) кумекалдалъун каламалъул хIакъалъулъ авалияб бичIчIи лъугьин. Схемазул кумекалдалъун калам магIна бугел бутIабазде биххи. Предложенияздасан бухьараб текст гIуцIи. Жиндир гIумруялъулъ ккарал лъугьа-бахъиназул, хIаязул хIакъалъулъ, сюжетияб сураталдасан гьитIинабго хабар херхине бажари. БицанкIабазе жавабал кьезе, кучIдул рекIехъе лъазаризе; кицаби, абиял каламалъулъ хIалтIизаризе, рекIехъе лъазарурал кучIдул пасихIго рикIкIине бажари. Авар мацIалъул курс I класс РагIи. Предложение. Текст. Калам. ГIадамазе калам сундуе къваригIун бугеб. Каламалъул бутIа хIисабалда рагIи. МагIнаялъул рахъалъ данде кколелрагIаби цоцазда рухьин. Каламалъул бутIа хIисабалда предложение, текст ва гIумруялда жаниб гьезул бугеб кIвар. Предложениялъул бетIерал членал. РагIабазул бетIералда кIудияб хIарп. Гьаркьал ва хIарпал Гьаркьал ва хIарпал. Рагьарал ва рагьукъал гьаркьал. Рагьарал варагьукъал гьаркьал рихьизарулел хIарпал. Авар мацIалъе хасиятал рагьукъал гьаркьал: [гь], [гъ], [гI], [кь], [къ], [кI], [лъ], [тI], [хь], [хъ], [хI[, [цI], [чI]. Геминатал ва гьел рихьизарулел хIарпал: кк, кIкI, лълъ, сс, хх, цц, цIцI, чч, чIчI. Лабиалиял гьаркьал ва гьел рихьизарулел хIарпал: гв, кв, ккв, кIв, кIкIв, къв, кьв, св, хв, хъв, хьв, щв, шв, гъв, гьв, гв, чв, чIв, цв, цIв. РагIи ва слог. Слогалккун рагIаби цIияб мухъиде роси. Каламалъул бутIаби Щив? щий? щиб? щал? абурал суалазе жаваблъун рачIунел рагIаби предметал рихьизарулел рагIаби ккей. Кинав? кинай? кинаб? кинал? абурал суалазе жаваблъун рачIунел рагIаби предметазул гIаламатал рихьизарулел рагIаби ккей. Щиб гьабураб? Щиб лъугьараб? Щиб гьабулеб бугеб? Щиб лъугьунеб бугеб? абурал суалазе жаваблъун рачIунел рагIаби предметалъул иш бихьизабулел рагIаби ккей. 2 класс (68 саг1ат) Курс лъазабун лъугIун хадуб кьолел хIасилал Напсиял хIасилал: - жиндирго ВатIаналдаса, дагъистаналъул миллатаздаса ва гьелъул тарихалдаса чIухIи; жив магIарул миллаталъул чи вукIин бичIчIи; - рахьдал мацI нилъер культураялъул аслу букIин бичIчIи ва гьелъ магIарулазул миллатазда гьоркьоб щулияб бухьен чIезабулеблъи лъай; - гъалатI гьечIеб кIалзул ва хъвавул калам гIаммаб культураялъул гIаламат букIин лъай; - школалдехун ва цIалиялдехун бугеб бербалагьи цIикIкIинаби, кидаго лъикIав цIалдохъанлъун вукIине бажари; - лъикIаб даражаялда цIализеги цIализе бугеб пагьмуялъе жинцаго къимат кьезеги бажари; - цо къасдалда жинца гьарурал ишазул жавабчилъиги жибго жиндаго чIараб, цогиялда бухьинчIеб хасиятги цебетIезаби; - цогидал гIадамазе кумекалъе хIадурав, ният лъикIав, хIалхъублъи гьечIев, гIадамазе лъикIлъи гьабулев инсан вахъинави. - мугIалимас кьураб къиматалда разилъи Метапредметиял хIасилал: БатIи-батIиял тIадкъаял тIуразаризе ругьун гьариялъе тIоритIулелхIалтIаби (Познавательные УУД): - учебникалда бугеб материал лъикI лъай: ай цIалул тIадкъаял тIуразаризе къваригIараб баян (информация) балагьи, суратаздалъун, схемабаздалъун кьураб баян бичIчIи; предметал дандекквей, гьезулъ гIаммал ва батIалъиялъул гIаламатал рихьизари; батIи-батIиял баянал (справкаби) кьолеб учебникалъул ва цIалул пособиязул материалалдаса пайда боси (мугIалимасул нухмалъиялдалъун); Хурхен гьабизе ругьун гьариялъе тIоритIулел хIалтIаби (коммуникативные УУД): - диалогалъулъ гIахьаллъизе бажари (лъурал суалазе жавабал кьезе, суалал жинцаго лъезе, бичIчIулареб жо мухIкан гьабизе); - тIадкъаял тIуразарулаго, гьалмагъасда цадахъ хIалтIизе бажари: хIалтIаби гьариялъул ирга чIезабизе ва цIунизе, гъалатIазул хIакъалъулъ гьалмагъасда бицине, цогидазулгун данд бан гьоркьоб лъураб цIалул суал тIубазабиялъулъ гIахьаллъизе; Гьабулеб цIали низамалда ккезабизе ругьун гьариялъе тIоритIулел хIалтIаби (регулятивные УУД): - жив хIалтIулеб бакIалда цIалиялъе рукIине кколел щартIал чIезаризе бажари; - кьураб мисалалдаги данде ккун, жиндирго хIалтIул хал гьабизе, къваригIараб жо тIаде жубазе, мисалалъе кьуралда данде ккечIони, жиндирго хIалтIи хисизе бажари; - мугIалимасда цадахъ малъулеб материалалъул тартиб чIезабизе бажари; - бищун кIвар бугел гIаламатал хIисабалдеги росун, предметал ва лъугьа-бахъинал тIелазде рикьизе ва ратIа-ратIаго лъезе бажари. Предметиял хIасилал: Рахьдал мацIалъул курс лъазабулаго, кIиабилеб классалъул цIалдохъаби ругьунлъула: - рахьдал мацIалъул алфавиталъул хIарпал абизе; - рагьарал ва рагьукъал гьаркьал ратIарахъизе; - рагIулъ ударение бугеб слог батизе; - геминатал гъорлъ ругел рагIаби битIун абизе (цIализе) ва хъвазе; - лабиалиял гьаркьал гъорлъ ругел рагIаби битIун абизе (цIализе) ва хъвазе; - рагIаби, предложениял, 30–40 рагIи бугел текстал, гъалатIал риччачIого, битIун хъвазе; - рагIаби слогазде рикьизе, цо мухъида инчIеб рагIи цоги мухъиде, слогазде бикьун, босизе; - гIадамазда, хIайваназда, шагьаразда, росабазда, гIоразда лъурал цIаразул бетIералда кIудияб хIарп хъвазе; - Й ва Щ, ш хIарпалги авар мацIалъе хасиятал рагьукъал хIарпалги гъорлъ ругел рагIаби битIун хъвазе; - Ъ, ь хIарпаз тIубалеб хъулухъ бихьизабизе; - фонетикияб разбор гьабизе (рагIаби слогазде рикьи, ударение бугеб слог бати, рагIулъ гьаркьазул ва хIарпазул тартиб чIезаби, ицц, гъветI, учитель гIадал рагIабазулъ гьаркьазулги хIарпазулги къадар чIезаби); - рагIуе битIун суал лъезе ва суалазул кумекалдалъун предмет, предметалъул гIаламат ва предметалъул иш бихьизабулел рагIаби ратIа рахъизе; - кIиго-лъабго рагIудасан гIуцIараб предложениялъулъ рагIабазда гьоркьоб бухьен чIезабизе, подлежащее, сказуемое ва битIараб дополнение бихьизабизе; - рагIабаздасан, суалазул кумекалдалъун гьезда гьоркьоб бухьен чIезабулаго, предложение гIуцIизе; - предложениялъул авалалда кIудияб хIарп хъвазе, ахиралда тIанкI, суалияб ва ахIул ишараби лъезе; - тексталъул тема чIезабизе ва тексталда цIар лъезе; - текст предложениязде биххизе; - магIнаялъухъги балагьун, тексталъул бутIабазда гьоркьоб бухьен чIезабизе; - суалазул кумекалдалъун хабарияб тексталъул 30–45 рагIи бугеб изложение хъвазе; - кьураб темаялда тIасан лъабго-щуго предложениялдасан текст гIуцIизе ва хъвазе; - тексталъул магIна бугел бутIаби цIияб мухъидаса хъвазе. Курсалъул материал ТIоцебесеб классалда малъараб материал такрар гьаби Каламалъул бутIа хIисабалда рагIи, предложение, текст ва гIумруялда жаниб гьезул бугеб кIвар. Рагьарал ва рагьукъал гьаркьал. Авар мацIалъе хасиятал рагьукъал гьаркьал ва хIарпал. Каламалъул гьаркьал. ХIарпал. Слог Гьаркьал ва хIарпал. Рагьарал ва рагьукъал гьаркьал, хIарпаздалъун гьел рихьизари. Рагьарал гьаркьал ва хIарпал. Рагьукъал гьаркьал ва хIарпал. КъосинчIого рагIабазулъ гьел битIун абизе, цIализе ва ратIа гьаризе лъай. Е,ё,ю,я хIарпал. Й гьаракь ва хIарп. Авар мацIалъе хасиятал рагьукъал гьаркьал ва хIарпал. Щ, ш рагьукъал гьаркьал ва хIарпал. Геминатал (хIухьелалъул тIадецуй кутаклъизабун абулел) ва гьел рихьизарулел хIарпал: кк, кIкI, чч, чIчI, сс, хх, цц, цIцI, лълъ. Лабиалиял (кIутIби цере цIутIизарун рахъулел) гьаркьал ва гьел рихьизарулел хIарпал: кв, ккв, кIв, кIкIв, къв, къв, хв, хъв, хъв, ев, щв, шв, гъв, гъв, гв, чIв, цв, цIв.Ъ гьаракь ва хIарп. Ь хIарп. Гьез тIубалеб хъулухъ. Алфавит. ХIарпазул цIарал. Алфавиталъул кIвар. РагIи ва слог. РагIи слогазде бикьи. Цо мухъида инчIеб рагIи цоги мухъиде, слогазде бикьун, босиялъул къагIидаби. Ударение. РагIабазул магIна хисиялъулъ ударениялъул бугеб кIвар. РагIулъ ударение бугебги гьечIебги слог. Калам Калам ва гIумруялда жаниб гьелъул бугеб кIвар. КIалзул ва хъвавул калам. Каламалъул этика. Салам кьеялъул рагIаби. Предложение ва текст Каламалъул бутIа хIисабалда предложение. Предложениялъул бетIерал членал: подлежащее, сказуемое ва битIараб дополнение. Предложениялъулъ рагIабазда гьоркьоб бугеб бухьен чIезаби (суалаздалъун). Предложениялъул авалалда кIудияб хIарп хъвазе, ахиралда тIанкI, суалияб ва ахIул ишараби лъезе ругьун гьари. Предложениялда жаниб магIнаялъул рахъалъ цIикIкIараб кIвар жиндир бугеб рагIи, гьаракь борхизабун, бихьизабизе ругьун гьари. Текст. Тексталъул гIаламатал, тексталъулъ предложениял магIнаялъул рахъалъ цоцада рухьин, тексталда цIар лъей. Тексталъул тайпаби. Каламалъул бутIаби Предметал, предметазул гIаламатал ва предметазул ишал рихьизарулел рагIаби (дандекквей). Предметияб цIар (лъай-хъвай гьаби). ГIаммаб магIна. Предметияб цIаралъул суалал: щив? щий? щиб? щал? Каламалъулъ предметияб цIаралъул бугеб кIвар. ГIадамазул цIаразул, фамилиязул ва инсул цIаразул, хIайваназда лъурал тIокIцIаразул, улкабазул, шагьаразул, росабазул, къватIазул, гIоразул, хIоразул, мугIрузул цIаразул бетIералда кIудияб хIарп. Цолъул ва гIемерлъул формаялда предметияб цIар хиси (практикияб къагIидаялъ лъай-хъвай гьаби). Глагол (лъай-хъвай гьаби). ГIаммаб магIна. Глаголалъул суалал: щиб гьабураб? щиб лъугьараб? щиб гьабилеб? щиб гьабизе бугеб? щиб гьабулеб? щиб гьабулеб бугеб? Каламалъулъ глаголазул бугеб кIвар. Глаголал цолъул ва гIемерлъул формаялде хиси. Глаголал батIи-батIиял заманабазде хиси (халкквезе). ГIага-шагараб магIнаялъулги гIаксаб магIнаялъулги глаголал. Прилагательное (лъай-хъвай гьаби). ГIаммаб магIна. Прилагательноялъул суалал: кинав? кинай? кинаб? кинал? Прилагательноял каламалъулъ хIалтIизари. Прилагательноял цолъул ва гIемерлъул формаялде хиси. ГIага-шагараб магIнаялъулги гIаксаб магIнаялъулгиприлагательноял. Текст. Бухьараб калам цебетIезаби Тексталъул тема. Текст ва гIаммаб темаялъ дандрачIел, ратIа тIурал предложениял дандекквей. Тексталъулъ предложениял магIнаялъул рахъалъ цоцазда рухьин. Тексталда ва гьелъул бутIабазда цIар лъей. Тексталда жанир аслияб магIна загьир гьабулел рагIаби. Тексталъул тайпаби: хабариял, сипатиял ва пикриял (лъай-хъвай гьаби). Хабарияб тексталъул бутIаби: байбихьи, аслияб бутIа ва ахир (лъай-хъвай гьаби). Тексталъул цIияб мухъ. Изложениялъул хIакъалъулъ бичIчIи кьей. Хабарияб тексталъул 30–45рагIи бугеб изложение хъвай (суалаздалъун). Сочинениялъул хIакъалъулъ бичIчIи кьей. МугIалимасул нухмалъиялда гъорлъ сураталдасан яги суратаздасан текст гIуцIи ва хъвай. Лъималазул гIумруялъул, хIалтIул, хIайваназул, хIаязул, цIалул ва гь.ц. хIакъалъулъ текст гIуцIи. Киназго цадахъ 30–40 рагIи бугеб хабарияб текст гIуцIи. ЛъагIалида жаниб малъараб материал такрар гьаби Гьаркьал ва хIарпал. Каламалъул бутIаби. Каламалъул бутIаби хIисабалда текст ва предложение Берцинго хъвай ТIоцебесеб классалда хъвай-хъвагIаялъул рахъалъ щвараб бажари щула гьаби. Хъвазе бигьалъи-захIмалъиги хIисабалде босун, гьитIинал хIарпазул тIелал: 1) и, ш, г, гI, т, тI, н, р, у; 2) л, м, ц, цI, щ, ь, гь, ы; 3) а, о, ю, ф, д, б, я; 4) с, е, ё, ч, чI, ъ, гъ, лъ, в; 5) э, х, xl, хь, хъ, ж, з, к, кI, кь, къ. КIудиял хIарпазул тIелал: 1) И, Ш, Ц, ЦI, Ч, ЧI, Л, М, А; 2) О, С, 3, Х, ХI, Е, Э, Я; 3) Ж, У, Н, К, KI, Ю, Р, В, Ф; 4) Г, П, Т, Д, Б; 5) Хь, Хъ, Кь, Къ, Лъ, Гь, Гъ, TI. Хъвазе захIматал рагIаби: пальто, учитель, учительница, стакан, тетрадь, махх, гьой, куй, рукъ, (рокъоб), гIор (гIурул), болнух, оцхIутI, биххи, раххан, ххвел, ххей, ххине, бесси, бусси, руссун, ссан, бецци, ицц, ццин, билълъин, лълъар, релълъин, бацIцIин, бецIцIи, буцIцIин, бичIчIи, чIчIвад, ричIчIи, гвенд, коллектив, театр, кьаб-кьаби, сверун, тIадеялдаса-тIаде, мада-гъадар, дагь-дагьккун, лъаб-лъабккун, бецаруз, ничгьечI, цIурахинкI, багIаргьоло, гIужрукъ, гомог, гонгал, гозо, гузби, гIазу, росу, гIанкI, гIанкIу, гъабу, зулму, пикру, гIелму, кету 3 класс (68 сагIат) КIиабилеб классалда малъараб материал такрар гьаби МацIалъул ва каламалъул бутIа хIисабалда текст, предложение ва рагIи. Предмет, предметалъул гIаламатал ва предметалъул ишал рихьизарулел рагIаби. Гьаркьал ва хIарпал. Рагьарал ва рагьукъал гьаркьал. Е, ё, ю, я рагьарал хIарпал. Геминатал ва лабиалиял гьаркьал . Предложение. РагIабазул дандрай. Жидеца бицунеб жоялъул мурадалде балагьун, предложениялъул тайпаби: хабарияб, суалияб ва тIалабияб. Интонациялде балагьун, ахIул предложение. Предложениялъул бетIерал членал: подлежащее, сказуемое ва битIараб дополнение. Предложениялъул бетIерал гурел членал. Предложениялъулъ рагIабазда гьоркьоб бугеб бухьен. ГIадатал тIиритIарал ва тIиритIичIел предложениял. Предложениялъул ахиралда тIанкI, суалияб ва ахIул ишара. ГIадатал ва журарал предложениял. РагIабазул дандрай. РагIабазул дандраязулъ аслиябги нахъбилълъарабги рагIи. РагIабазул дандраязулъ рагIабазда гьоркьоб бугеб бухьен. Текст. Текст, тексталъул гIаламатал: тема, аслияб пикру загьир гьаби, цIар лъей. РагIул гIуцIи. МагIна гIагарал рагIаби. РагIул магIнаял бутIабазул (кьибилалъул, ахиралъул, аслуялъул ва суффиксалъул) хIакъалъулъ гIаммаб бичIчIи. Ахиразул кумекалдалъун рагIул форма хисиялда ва суффиксазул кумекалдалъун цIиял рагIаби лъугьиналда хадуб хал кквей. Кьибил цоял рагIаби ва цого цо рагIул формаби (дандекквей). РагIул аслуялъулъ кколел рагьарал ва рагьукъал гьаркьазул хисабасиял (лъайхъвай гьаби). Лексика. РагIул лексикияб магIна (гIаммаб бичIчIи). ГIемер магIнаялъулал рагIаби. БитIараб ва хъвалсараб магIнаялда рагIаби хIалтIизари. Синонимал. Антонимал . Каламалъул бутIаби. Предметияб цIаралъулгун, прилагательноялъулгун, глаголалъулгун, рикIкIеналъулгун, цIарубакIалъулгун , наречиялъулгун гIаммаб лъайхъвай гьаби. Предметияб цIар. Предметияб цIаралъул магIна, гьелъие лъолел суалал ва предложениялъулъ гьелъ тIубалеб хъулухъ. Хасал ва гIаммал предметиял цIарал. Хасал предметиял цIаразул бетIералда кIудияб хIарп. Предметияб цIаралъул жинс: чиясул, чIужуялъул ва гьоркьохъеб. Предметияб цIаралъул цолъул ва гIемерлъул форма. ГIицIго цолъул формаялда хIалтIизарулел яги гIицIго гIемерлъул формаялда хIалтIизарулел предметиял цIарал . Предметиял цIарал падежазде свери (асл.п., акт.п., хас.п., кьов.п. ва жинда п.) . Прилагательное. Прилагательноялъул магIна, гьелъие лъолел суалал ва предложениялъулъ гьелъ тIубалеб хъулухъ. Прилагательноялгун предметиял цIарал рухьун рукIин. Цого яги гIагашагараб магIнаялъулги гIаксаб магIнаялъулги прилагательноял. Прилагательноялантонимал каламалъулъ хIалтIизари. Прилагательноял жинсазде хиси. Прилагательноял формабазде хиси. РикIкIен. РикIкIеналъул магIна ва гьелъие лъолел суалал (чан? чанабилеб? чанабилей? чанабилев? чанабилел?). Къадаралъул ва иргадул рикIкIенал ва гьезул битIунхъвай. Глагол. Глаголалъул магIна, гьелъие лъолел суалал ва предложениялъулъ гьелъ тIубалеб хъулухъ. Жинсиял ва жинсиял гурел глаголал (лъайхъвай гьаби). Жинсиял глаголал предметияб цIаргун рекъон ккей. Глаголалъул мурадияб форма. Глаголал заманабазде хиси: бачIунеб, гьанже, араб, гIахьалаб заман. Цого яги гIагашагарал магIнаялъул глаголалги гIаксаб магIнаялъул глаголалги (синонимал и антонимал). Цо ва гIемер магIнаялъул глаголал. БитIараб ва хъвалсараб магIнаялъул глаголал каламалъулъ хIалтIизари. Текст. Бухьараб калам цебетIезаби. Тексталъул (яги каламалъул) тайпабазул гIаммаб бичIчIи: хабарияб текст, сипатияб текст, пикрияб текст. Ишалъулабги художествиябги калам. ЦIалараб текст бутIабазде биххизе ва гьезда цIарал лъезе бажари. Киназго цадахъ яги жинцаго гIуцIараб планалда рекъон, хабарияб изложение хъвай. Сюжет гьечIелги сюжеталъулалги суратаздаса харбал херхине лъай (бицунги хъванги). Жидер расандабазул, тIабигIаталда хадуб халкквеялъул, рекIелгъеялъул, экскурсиязул, гьудулгьалмагъзабазул хIакъалъулъ къокъго бицине бажари. Лъилниги, сундулниги хIакъалъулъ сипатсурат гъорлъе ккезабун, ялъуни жиндирго пикру загьир гьабун, къокъаб сочинение хъвазе лъай. Жиндир ишазул хIакъалъулъ гьитIинабго кагъат хъвазе лъай. ЛъагIалида жаниб малъараб материал лъазаби. Текст ва предложение. РагIул магIнаял бутIаби. Каламалъул бутIаби. Берцинго хъвай. Берцинго хъвазе, хатI куцазе цересел классазда щвараб бажари щула гьаби. Хъвазе захIматал гьитIинал ва кIудиял хIарпазул ва гьезул цолъиязул мисалиял группаби: I) з, к, ж, в, ч, б, д, у, я, кI, къ, кь, кв; 2) Г, П, Т, Р, 3, Е, Ю, У, Д, Ф, К, В, KI, Кь, Къ, Кв; 3) Пп, Чч, Рр, Вв, Ее, Зз, Уу, Къкъ, Кькь, КIкI, Кв, ккв, Ол, ое, во, вл, се, ква, xIy, xIo, гьа, гье, гьо, цI, Щв, ХIа, Гьи, Гьо, ТIа, Ге, Бе, КIа. ГьитIиналго текстал, предложениял, рагIаби берцинго ва рацIцIадго хъвазе ругьун гьари. БитIун хъвазе захIматал рагIаби: хIукму, сихIру, макру, гIазу, магIу, макьу, сабру, гIакълу, рагьу, квердаххелал, квасквас, габурбухь, рицIигъветI, рицIимахIу, гIачимухъ, цIоросарикIкI, цIумагъеду, ордек, председатель, приказ, радио, общество, солдат, республика, автономия, агъазгьечI, адабхъатир, бижарабжо, годекан, гьабугьин, гьабсагIат, гIададакъад, эбелинсул, костюм, кIийихъан, кIикIвенкь, кIиабилеб, анцIила лъабабилеб, анцIила щуго. Курс лъазабун лъугIун хадуб кьолел хIасилал Напсиял хIасилал: школалдехун ва цIалиялдехун бугеб бербалагьи цIикIкIинаби; мугIалимасул, цадахъ цIалулел гьалмагъзабазул ва эбелинсул рахъалъан щвараб къиматги хIисабалде босун, жинца жиндиего къимат кьезе бажари; инсанасул напсалъул лъикIаб гьезул гьоркьоблъиялда бухьараб бугел мурадал цере лъей. хасиятги обществоялда гIадамазул гIумруялда, рахъ лъалеблъиги бихьизабулел кIвар ва магIна Метапредметиял хIасилал: рахьдал мацI гъваридго лъазабиялдалъун сверухъ тIабигIаталда нахъгIунтIи; цо сундулниги анализ гьабизеги, гьеб гIаммлъизабизеги, тIелазде бикьизеги, релълъаралда дандекквезеги, гьелъулъ къваригIараб жо балагьизеги, гьеб хисизеги бугеб бажари лъугьин; информациялъулаб культураялда бухьарал (ай цIализе, хъвадаризе, цIалул тIехьгун хIалтIизе бугел) бажариял куцай; цо сундулниги план гьабизе, гьелда хадуб хал кквезе, гьелъие къимат кьезе, мухIканго мурад лъезе, гъалатIал ритIизаризе бугеб бажари лъугьин; мацIалъул бечелъи бичIчIи ва щулияб гьоркьоблъи гьабизе гьелдаса пайда босизе бажари; хурхен гьабиялъул батIибатIиял масъалаби мацIалъул алатал хIалтIизаризе щвалде щун лъай; тIуразариялъе гIоло каламалъул ва Предметиял хIасилал: Рахьдал мацIалъул курс лъазабулаго, лъабабилеб классалъул цIалдохъаби ругьунлъула: авар мацIалъе хасиятал гьаркьал (хIарпал): xl, гь, кь, къ, ml ва гь. ц., гьединго геминатал ва лабиалиял гьаркьал рихьизарулел хIарпал къосинчIого ритIун рахъизе ва гьел гъорлъ ругел рагIаби, предложениял, гъалатI биччачIого, чвахун цIализе; рагIаби, предложениял, 40–50 рагIи бугел текстал, гъалатIал риччачIого, битIун хъвазе; рагIул фонетикияб разбор гьабизе: рагIаби слогазде риххизе, ударение бугелги гьечIелги слогал ратIа рахъизе, рагьарал ва рагьукъал хIарпал ратизе, рагIулъ гьезул къадар чIезабизе; рагIул гIуцIиялъул разбор гьабизе (кьибил, аслу, суффикс, ахир ратIа рахъи); батIибатIиял каламалъул бутIабазул кьибил цоял рагIаби тIаса рищизе; каламалъул бутIаби ва гьезул грамматикиял гIаламатал рихьизаризе; предметиял цIаразул гIемерлъул форма лъугьинабизе; предметиял цIарал падежазде сверизаризе; предметияб цIаралъул жинсалда ва формаялда рекъон прилагательноял жинсазде ва цолъул ва гIемерлъул формаялде хисизе; къадаралъул ва иргадул рикIкIенал цоцаздаса ратIа рахъизе ва гьел битIун хъвайзе; глаголал заманабазде хисизе; текстазулъ синонимал ва антонимал ралагьизе ва хIалтIизаризе (терминал чара гьечIого лъазе кколаро); предложениялда жаниб суалаздалъун рагIабазда гьоркьоб бухьен чIезабизе, рагIабазул дандраял ратизе; предложениязул синтаксисияб разбор гьабизе (Жидеца бицунеб жоялъул мурадалде ва интонациялде балагьун, предложениязул тайпаби рихьизаризе, бетIерал ва бетIерал гурел членал ратIа рахъизе, суалазул кумекалдалъун гьезда гьоркьоб бухьен чIезабизе, гIадатаб тIибитIараб ва кIиго предложениялдасан гIуцIараб жубараб предложение бихьизабизе); предложениялъул интонация цIунизе; текст бутIабазде биххизе, магIна бугеб тексталъул бутIа цIияб мухъидаса хъвазе; тексталъулъ предложениязда гьоркьоб бухьен чIезабизе; темаяда мугъги чIван, тексталъе цIар лъезе, тексталъул аслияб пикру загьир гьабизе; рагIабазул дандраялъулъ аслиябги нахъбилълъарабги рагIи батизе; киназго цадахъ гIуцIараб планалда рекъон ругьунлъиялъул изложение хъвазе; тексталъул тайпа бихьизабизе, ай хабариял, сипатиял ва пикриял текстал цоцаздаса ратIа рахъизе; цебекунго хIадурлъиги гьабун, тIабигIаталъухъ сюжетияб сураталда тIаса сочинение хъвазе; халкквеялъул хIакъалъулъ, лъилниги, сундулниги хIакъалъулъ сипатсурат гъорлъе ккезабун, ялъуни жиндирго пикру загьир гьабун, текст гIуцIизе. 4 класс (68 саг1ат) Курс лъазабун лъугIун хадуб кьолел хIасилал Напсиял хIасилал: школалдехун ва цIалиялдехун бугеб бербалагьи цIикIкIинаби; мугIалимасул, цадахъ цIалулел гьалмагъзабазул ва эбелинсул рахъалъан щвараб къиматги хIисабалде босун, жинца жиндиего къимат кьезе бажари; инсанасул напсалъул лъикIаб хасиятги обществоялда гIадамазул гIумруялда, гьезул гьоркьоблъиялда бухьараб рахъ лъалеблъиги бихьизабулел кIвар ва магIна бугел мурадал цере лъей. Метапредметиял хIасилал: рахьдал мацI гъваридго лъазабиялдалъун сверухъ тIабигIаталда нахъгIунтIи; цо сундулниги анализ гьабизеги, гьеб гIаммлъизабизеги, тIелазде бикьизеги, релълъаралда дандекквезеги, гьелъулъ къваригIараб жо балагьизеги, гьеб хисизеги бугеб бажари лъугьин; информациялъулаб культураялда бухьарал (ай цIалиялъул, хъвадариялъул, цIалул тIехьгун хIалтIиялъул) бажариял куцай; цо сундулниги план гьабизе, гьелда хадуб хал кквезе, гьелъие къимат кьезе, мухIканго мурад лъезе, гъалатI ал ритIизаризе бугеб бажари лъугьин; мацIалъул бечелъи бичIчIи ва щулияб гьоркьоблъи гьабизе гьелдаса пайда босизе бажари; хурхен гьабиялъул батIибатIиял масъалаби тIуразариялъе гIоло каламалъул ва мацIалъул алатал хIалтIизаризе щвалде щун лъай; Предметиял хIасилал: Рахьдал мацIалъул курс лъазабулаго, ункъабилеб классалъул цIалдохъаби ругьунлъула: лъазарурал каламалъул бутIабазул гIаламатал рихьизаризе; предложениялъул тайпа цоял членазул гIаламатал рихьизаризе; гъалатIал риччачIого, малъарал битIунхъваялъул къагIидабиги цIунун, 60–70 рагIи бугеб диктант хъвазе; геминатал ва лабиалиял гьаркьал рихьизарулел хIарпал гъорлъ ругьел рагIабазул фонетикияб разбор гьабизе; рагIул гIуцIиялъул разбор гьабизе (рагIулъ кьибил, суффикс, аслу ва ахир бихьизабизе); рагIул морфологияб разбор гьабизе (предметияб цIаралъул байбихьул форма, жинс, цолъул ва гIемерлъул форма, падеж; прилагательноялъул жинс, цолъул ва гIемерлъул форма; глаголалъул байбихьул (мурадияб) форма, заман, цолъул ва гIемерлъул форма, жинсиял глаголазул жинс бихьизабизе); предложениязул синтаксисияб разбор гьабизе (предложениялъул тайпа чIезабизе, бетIерал членал рихьизаризе, суалаздалъун бетIерал членаздаги бетIерал гурел членаздаги гьоркьоб бухьен чIезабизе); тайпа цоял членалгун предложениял каламалъулъ хIалтIизаризе; тексталъул тема чIезабизе ва гьелъул аслияб пикру загьир гьабизе; тексталда цIар лъезе; тексталъул план гIуцIизе; хабариял, сипатиял ва пикриял текстал ратIарахъизе ва гьел каламалъулъ хIалтIизаризе; лъилниги, сундулниги хIакъалъулъ сипатсурат гъорлъе ккезабун ялъуни жиндирго пикру загьир гьабун, изложение хъвазе; лъилниги, сундулниги хIакъалъулъ сипатсурат гъорлъе ккезабун, сочинение хъвазе; кIалзул ва хъвавул каламалъулъ хабариял, суалиял, тIалабиял ва ахIул предложениял ратIа рахъизе ва гьездаса пайда босизе; тIиритIарал предложениял, тайпа цоял членалгун предложениял ва журарал предложениял цоцаздаса ратIа рахъизе ва каламалъулъ битIун хIалтIизаризе. Авар мацIалъул курс Лъабабилеб классалда малъараб материал такрар гьаби Гьаркьал ва хIарпал. Рагьарал ва рагьукъал гьаркьал. Геминатал. Лабиалиял гьаркьал. Е,ё,ю,я хIарпал. Й гьаракь ва хIарп. Щ, Ш рагьукъал гьаркьал ва хIарпал. Ъ гьаракь ва хIарп. Ь хIарп. РагIул гIуцIи (кьибил, ахир, аслу ва суффикс). Кьибил цоял рагIаби. РагIул аслуялъулъ кколел рагьарал ва рагьукъал гьаркьазул хисабасиял. Каламалъул бутIаби. Каламалъул бутIаби хIисабалда предметиял цIаразул, прилагательноязул, глаголазул гIаламатал гIаммлъизари: гIаммаб магIна, суалал, гьезул хисуларел ва хисулел категориял, предложениялъулъ гьез тIубалеб хъулухъ. Каламалъул бутIа хIисабалда предложение. Жидеца бицунеб жоялъул мурадалде ва интонациялде балагьун, предложениялъул тайпаби. Предложениялъул ахиралда лъалхъул ишараби. Предложениялъул бетIерал ва бетIерал гурел членал. Предложениялъулъ рагIабазда гьоркьоб бугеб бухьен. РагIабазул дандрай. Текст. Тексталъул тайпаби. Тексталъул тема ва аслияб пикру загьир гьаби. Тексталда цIар лъей. Тексталъул бутIаби ва гьезда гьоркьоб бугеб бухьен. Предложение. Предложениялъул тайпа цоял членал. Предложениялъул бетIерал ва бетIерал гурел членал (гIаммаб бичIчIи). Предложениялъул тайпа цоял членал (гIаммаб баян). Тайпа цоял членал союзазул кумекалдалъунги ва союз гьечIогоги цолъизари. Тайпа цоял членалгун предложениял гIуцIизе ва гьел битIун цIализе ругьун гьари. Тайпа цоял членазулъ лъалхъул ишараби. Союзазул кумекалдалъунги ва союз гьечIогоги цолъизарурал тайпа цоял членалгун гIадатал предложениял ва журарал предложениял цоцазда дандекквей. Текст Тексталъул хIакъалъулъ щварал баянал гIаммлъизари: тексталъул тема ва гьелъулъ аслияб пикру загьир гьаби, тексталда цIар лъей, тексталъул гIуцIи ва гьезда гьоркьоб бугеб бухьен, тексталъул план гIуцIи. Каламалъул бутIаби. Предметияб цIар Цолъул формаялда предметиял цIарал падежазде свери. Предметиял цIарал падежазде свериялъул тайпаби: I свери, II свери, III свери. ГIадатал падежал: аслияб падеж, актив падеж, хаслъул падеж, кьовул падеж. Гьезул ахиразул битIунхъвай. БакIалъул падежал.11 Гьезул ахиразул битIунхъвай. ГIемерлъул формаялда предметиял цIарал падежазде свери. Прилагательное. Прилагательноялъул лексикияб магIна, гьелъие лъолел суалал ва предложениялъулъ гьелъ тIубалеб хъулухъ. Прилагательное жинсалъулъ, цолъул ва гIемерлъул формаялъулъ хиси. Предметияб цIарлъун хIалтIизарурал прилагательноял падежазде свери. Прилагательноязул битIунхъвай. ЦIарубакI. Каламалъул бутIа хIисабалда цIарубакI. ТIоцебесеб, кIиабилеб ва лъабабилеб гьумералъул цIарубакIал. ЦIарубакIал каламалъулъ хIалтIизариялъул хаслъи. Гьумералъул цIарубакIал падежазде свери. ЦIарубакIазул битIунхъвай. Глагол БакIалъул падежазулгун, жидеда цIарал абичIого, практикияб къагIидаялъ лъайхъвай гьабула. Каламалъул бутIа хIисабалда глагол: глаголалъул лексикияб магIна, глаголазул суалал. Глаголияб цIар. Глаголалъул байбихьул (мурадияб) форма. Жинсиял ва жинсиял гурел глаголал, жинсиял глаголал жинсгун цолъул ва гIемерлъул формаялде хиси. Глаголал заманабазде хиси: араб, бачIунеб ва гIахьалаб заманалъул гIадатал глаголал; араб, бачIунеб ва гьанже заманалъул составиял глаголал. Глаголазул битIунхъвай. Наречие. Каламалъул бутIа хIисабалда наречие. Гьелъул лексикияб магIна ва суалал. Наречиял каламалъулъ хIалтIизари. Каламалъулъ гIемер хIалтIизарулел наречиязул битIунхъвай. Словарияб хIалтIи. Каламалъулъ битIараб ва хъвалсараб магIнаялъул рагIаби, синонимал ва антонимал хIалтIизари. Текст. Бухьараб калам цебетIезаби Текст ва гьелъул аслияб пикру загьир гьаби. Тексталда цIар лъей. Хабарияб, сипатияб ва пикрияб тексталъул гIуцIи. Киназго цадахъ ялъуни жалго ургъун, гIуцIараб планалда рекъон, сипатсурат гъорлъе ккезабун ялъуни жиндирго пикру загьир гьабун, изложение хъвазе лъай. Сураталдасан хабарияб сочинение, хъвазе лъай. Цо лъилниги Наречиязулгун цIалдохъабаз, учебникалдаса яги жидецаго гIуцIарал текстазул анализ гьабулаго, практикияб къагIидаялъ лъайхъвай гьабула. Гьелда тIаса щвараб лъаялъул даражаялъул хал гьабуларо. Словариял хIалтIаби тIолго лъагIалида жанир гьарула. Калам гIуцIизе ругьун гьариялъул хIалтIаби тIолго цIалул соналда жанир тIоритIула. Ругьунлъиялъул изложениял ва сочинениял тIоритIизе, хасал дарсазе литературияб цIалиялъе бихьизабураб заманалдаса ичIго сагIат кьун буго. Яги сундулниги хIакъалъулъ, сипатсурат гъорлъе ккезабун ялъуни жиндирго пикру загьир гьабун, сочинение хъвазе лъай. Текст гIуцIулаго, эпитетаздаса, метафораздаса, дандекквеяздаса, олицетворенияздаса, гьединго синонимаздаса, антонимаздаса ва гь.ц. пайда боси. ЛъагIалида жаниб малъараб материал лъазаби. Предложениялъул хIакъалъулъ щвараб лъай гIаммлъизаби. Каламалъул бутIаби хIисабалда текст ва предложение. Каламалъул бутIаби. Берцинго хъвай Берцинго хъваялъе ва хатI къачIаялъе программаялда хасаб заман бихьизабун гьечIониги, цересел классаздаго гIадин, гьанибги берцин хъваялде ва хатI къачIаялде кидагосеб кIвар кьела. БитIун хъвазе захIматал рагIаби: бакъанигIуж, бакIабахари, бакъдебусс, бекIкIи, БецIкъварилъи, Сулахъ гIор, ГIарахъмегIер, волейбол, вортахъети, вуцIцIухIун, гъадибусен, бадисабадибе, кIалагъоркье, махсароде, рекIетIа, гьанжегогьанже, гьанамахI, гьитIинкилищ, гьоркьобакI, гIалагъважа, гIамалквеш, гIамалберцин, гIоркIкIен, гIурччинхер, журагъуран, тIадерахъи, малъухъе, дандерижи, захIмалъи, инжилъи, комбайн, экскурсия, шофер, кIийида, ункъида, лъаблъабккун.