РАБОЧАЯ ПРОГРАММА чтение

МИНИСТЕРСТВО ПРОСВЕЩЕНИЯ РОССИЙСКОЙ ФЕДЕРАЦИИ
МИНИСТЕРСТВО ОБРАЗОВАНИЯ И НАУКИ РЕСПУБЛИКИ ДАГЕСТАН
МР «БОТЛИХСКИЙ РАЙОН»

МКОУ «Тандовская СОШ

РАССМОТРЕНО

СОГЛАСОВАНО

УТВЕРЖДЕНО

на методическом совете

Зам. директора по УВР

Протокол №
«___»__________ 2023 г.

Зиявудинова М.М.

директор МКОУ
"Тандовская СОШ"

«

»

20__ г.

Э.А. Исаева
Приказ №54-Д от 31.08.2023г.

РАБОЧАЯ ПРОГРАММА
учебного предмета «Литературное чтение (аварский). Базовый
уровень»
для обучающихся 1-4 классов

Тандо 2023

Литературное чтение (аварский).
Литературияб ц1али
Программа хIадур гьабуна байбихьул школалда тIуразаризе хIисабалде росарал хIасилалги, Обществоялда
инсанасул рухIияб рахъ, хьвада чIвадиялъул къагIидаби церетIеялъул ва гьезие тарбия кьеялъул
концепцияги, Байбихьул школалъул лъайкьеялъул федералияб пачалихъияб стандартги кьочIое росун.
Рабочая программа составлена на основе следующих нормативно - правовых документов:
1. Федеральный закон от 29.12.2012 г. № 273-ФЗ «Об образовании в Российской Федерации»;
2. Федеральный государственный стандарт начального общего, основного общего и среднего (полного)
общего образования, утв. Приказом Министерства образования и науки РФ от 17.12.2010 г. № 1897;
3. Концепции духовно-нравственного развития и воспитания личности гражданина России.- М.:
Просвещение, 2011.
4. СанПиН 2.4.2.2821-10 "Санитарно-эпидемиологические требования к условиям и организации
обучения в общеобразовательных учреждениях". Постановление № 189 от 29.12.2010г.
5. Федерального перечня
учебников, рекомендованных Министерством образования и науки
Российской Федерации к использованию в общеобразовательном процессе в образовательных
учреждениях от 31.03.2014 года № 253.

6. Федеральная образовательная программа начального общего образования 2023 г.
7. «Положение о рабочих программах учебных предметов, учебных курсов (в том числе
внеурочной деятельности), учебных модулей в соответствии с требованиями
Федеральных основных образовательных программ» утвержденный по приказу №40-Д
от 22.06.2023 г .
8. Учебный план МКОУ «Тандовская СОШ».

9. Авторской программы Вакилов Г.С. Махачкала 2017г
Учебно-методический комплект:
1 класс - Гамзатов А.Г «Авар калам» НИИ Махачкала 2005г
2 класс – XI. С. Вакилов, М. П. Г1абдулаев, Г. И. Мадиева «Авар калам» НИИ Махачкала 2005г
3 класс- XI. С. Вакилов, М. П. Г1абдулаев, Г. И. Мадиева «Авар калам» НИИ Махачкала 2005г
4 класс - Авар калам: 4 классалъе цIалул тIехь / С. З. ГIалиханов. - Махачкала: НИИ педагогики, 2013
Байбихьул школалда авар мацI лъазабизе бихьизабун буго кинабниги 135 сагIат:
1 классалда 33 сагIат кьун буго анкьида жаниб 1 саг1ат, ц1алул анкь 33;
2 – 4 классазда авар каламалъул дарсазе 34 – 34 сагIат кьун буго (щибаб классалда 34 – 34 цIалул анкь,
анкьида жаниб 1-1сагIат)
Курс лъугIун хадуб кьолел хIасилал
Напсиял хIасилал
1. Жиндирго ВатIаналде, Россиялъул ва Дагъистаналъул миллатазде ва гьезул тарихалде кIудияб рокьи
бижизаби.
2. Цогидал миллатазул маданияталдехун ва гьезул тарихалдехун, гьединго батIияб пикруялдехун цIунакъараб балагьи бижизаби.
3. ЦIалиялдехун лъимералъул интерес бижизаби.
4. Жинца гьарурал ишазул жавабчилъиги жибго жиндаго чIараб, цогиялда бухьинчIеб хасиятги
цебетIезаби.
5. Эстетикияб бичIчIи лъугьинаби.
6. Цогидал гIадамазе кумекалъе хIадурав, ният лъикIав, хIалхъублъи гьечIев, гIадамазе лъикIлъи гьабулев
инсан вахъинави.
7. Лъиданиги цадахъ хIалтIизеги щулияб гьоркьоблъи гьабизеги бугеб бажари цебетIезаби, тIадкIалъай
бугеб, дагIбадулаб ахIвал-хIалалдаса ворчIизе нух батиялъул бажари цебетIезаби.
8. Творческияб хIалтIуде гъира ккезаби, ай творческияб къагIидаялъ хIалтIизе бугеб бажари цебетIезаби.

Метапредметиял хIасилал
1. БатIи-батIиял жанразул ва тайпабазул текстал бичIчIун цIализе ругьунлъи, текстал кIалзул ва хъвавул
формаялда гIуцIизе лъай.
2. Сверухъ тIабигIаталда нахъгIунтIизеги цогидазулгун бухьен гьабизеги каламалдаса пайда боси.
3. Накъиталъе гIахьаллъи гьабулев чиясухъ гIенеккизеги, диалогалъулъ гIахьаллъизеги, батIи-батIиял
пикраби рукIиналъе мукIурлъизеги, жиндирго пикру загьир гьабизеги, гьелъие далил бачинеги разилъи.
4. Предметал дандекквезе, гьезул анализ ва синтез гьабизе, гьел гIаммлъизаризе, тIелазде рикьизе ва цоцада
релълъинаризе лъай.
5. Предметазул ва предметазда гьоркьор ругел бичIчIиял лъай (цоцазулгун гьоркьоблъи, маданият,
творчество, тIехь, асаралъул хIасил, художествияб текст ва гь. ц.); гуманитариял (ай инсанасул, гьесул
культураялъул, тарихалъул бицунел) ва эстетикиял (ай искусствоялда, дунялалда ва гIадамазул гIумруялда
жаниб берцинлъиялъул, гьайбатлъиялъул хIакъалъулъ бицунел) предметазда гьоркьор ругел бухьенал
ричIчIи.
6. ЦIалиялда цере лъурал мурадал ва масъалаби ричIчIизе ва гьел тIуразаризе лъай.
7. Цебе лъураб масъалаялда рекъон цIалиялда хурхарал хIалтIаби планалда росизе, гьезда хадуб хелкквезе
ва гьезие къимат кьезе бугеб бажари лъугьинаби.
8. ЦIалулъ жиндирго лъикIал яги квешал хIасилал рихьизе бугеб бажари лъугьинаби.
9. Цебе лъураб мурад тIубаялъе гIоло цадахъ хIалтIизе бажари.
Предметиял хIасилал
1. Литература тIолабго дунялалъулаб ва миллияб культура гIадин бичIчIи, гьелъ рухIияб бечелъи ва
гIадатал цIунулеллъи лъай.
2. ТIехь культурияб бечелъи букIин бичIчIи.
3. РагIул искусство гIадин художествиял асараздехун бербалагьи букIинаби.
4. МагIарулазул ва Россиялъул цогидал миллатазул литератураялъул рухIияб бечелъи бичIчIи.
5. Инсан цеветIезавиялъе литератураялъул бугеб кIвар бичIчIи; ВатIаналъул ва гьелъул халкъалъул,
сверухъ тIабигIаталъул, культураялъул, лъикIлъи-квешлъиялъул, гьудул-гьалмагълъиялъул,
ритIухълъиялъул
хIакъалъулъ бичIчIи лъугьинаби; гьоркьоса къотIичIого цIалдезе кколеблъи бичIчIи.
6. ЦIалиялъул бугеб кIвар бичIчIи; цIалиялъул батIи-батIиял тайпабаздаса пайда боси (лъай-хъвай
гьабиялъул, аслияб жо балагьиялъул, тIасабищул, лъазабиялъул); героязул хьвада-чIвадиялъе кьураб
къимат хIужжабаздалъун кьучIаб букIин бихьизабизеги, гьоркьоб лъураб жоялда тIаса жиндирго пикру
загьир гьабизеги, текстазул батIи-батIиял тайпаби ричIчIизеги, гьезие къимат кьезеги бажари. 7. Жиндие
къваригIараб литература, живго жиндаго чIун, цогидазулкумек гьечIого, тIаса бищизеги цебе букIаралдаса
цIикIкIараб информация бичIчIизе ва щвезе баян кьолел тIахьал (источникал) хIалтIизаризеги бажари.
8. БатIи-батIиял текстазул анализ гьабизе, ай гIиллаялъулабгин цIех- рехалъул бухьен чIезабизеги,
асаралъул аслияб пикру загьир гьабизеги, текст бутIабазде биххизеги, гьел бутIабазда цIарал лъезеги,
гIадатаб план гIуцIизеги, асаралъул загьирлъи, пасихIлъи бихьизабулел алатал ратизеги, текст жиндирго
рагIабаздалъун цIидасан цIализеги бажари.
9. БатIи-батIиял текстазда тIад хIалтIизеги, цIалул ва художествиял, гIелмиялгин нахъгIунтIиялъулал
текстазул хаслъаби рихьизаризеги бажари; художествиябгин творчествияб пагьму цебетIезаби;
художествиял асаразда, суратазда тIасан яги жиндирго хIалбихьиялъул хIакъалъулъ живго бетIергьанаб
текст гIуцIизе бажари.
Курсалъул материал
1 класс (33 с)
Литературияб цIалиялъул байбихьул дарс
Литературияб цIалул учебникалъулгун лъай-хъвай гьаби. Учебникалъул шартIиял ишараби. Учебникалда
жаниб бугеб материалалъулгун лъай-хъвай гьаби. Словарь
Маргьаби, бицанкIаби ва кицаби
1 классалъул цIалдохъабазе мустахIикъал халкъиял ва литературиял маргьаби, кучIдул, кицаби ва
бицанкIаби
Их

Ихдалил тIабигIаталъул, гьелъул берцинлъиялъул, хIайваназул гIумруялъул, хурзабахъ ва ахакь гьарулел
хIалтIабазул, лъималаз гьарулел
ишазул хIакъалъулъ харбал ва кучIдул. Ихдалил кицаби ва бицанкIаби
Дунги дир гьалмагъзабиги
Лъималазул гIумруялъул ва гьудуллъиялъул, гьез гьарулел ишазул хIакъалъулъ асарал.
Нилъер ункъхIатIилал гьудулзаби
ХIайваназул ва хIанчIазул гIумруялъул, гьел цIуниялъул хIакъалъулъ къокъал кучIдул, харбал, маргьаби ва
бицанкIаби.
Курс лъугIун хадуб кьолел хIасилал
Напсиял хIасилал
1. Жиндирго ВатIаналде, Россиялъул ва Дагъистаналъул миллатазде ва гьезул тарихалде кIудияб рокьи
бижизаби.
2. Цогидал миллатазул маданияталдехун ва гьезул тарихалдехун, гьединго батIияб пикруялдехун цIунакъараб балагьи бижизаби.
3. ЦIалиялдехун лъимералъул интерес бижизаби.
4. Жинца гьарурал ишазул жавабчилъиги жибго жиндаго чIараб, цогиялда бухьинчIеб хасиятги
цебетIезаби.
5. Эстетикияб бичIчIи лъугьинаби.
6. Цогидал гIадамазе кумекалъе хIадурав, ният лъикIав, хIалхъублъи гьечIев, гIадамазе лъикIлъи гьабулев
инсан вахъинави.
7. Лъиданиги цадахъ хIалтIизеги щулияб гьоркьоблъи гьабизеги бугеб бажари цебетIезаби, тIадкIалъай
бугеб, дагIбадулаб ахIвал-хIалалдаса ворчIизе нух батиялъул бажари цебетIезаби.
8. Творческияб хIалтIуде гъира ккезаби, ай творческияб къагIидаялъ хIалтIизе бугеб бажари цебетIезаби
Метапредметиял хIасилал
1. БатIи-батIиял жанразул ва тайпабазул текстал бичIчIун цIализе ругьунлъи, текстал кIалзул ва хъвавул
формаялда гIуцIизе лъай.
2. Сверухъ тIабигIаталда нахъгIунтIизеги цогидазулгун бухьен гьабизеги каламалдаса пайда боси.
3. Накъиталъе гIахьаллъи гьабулев чиясухъ гIенеккизеги, диалогалъулъ гIахьаллъизеги, батIи-батIиял
пикраби рукIиналъе мукIурлъизеги, жиндирго пикру загьир гьабизеги, гьелъие далил бачинеги разилъи.
4. Предметал дандекквезе, гьезул анализ ва синтез гьабизе, гьел гIаммлъизаризе, тIелазде рикьизе ва цоцада
релълъинаризе лъай.
5. Предметазул ва предметазда гьоркьор ругел бичIчIиял лъай (цоцазулгун гьоркьоблъи, маданият,
творчество, тIехь, асаралъул хIасил, художествияб текст ва гь. ц.); гуманитариял (ай инсанасул, гьесул
культураялъул, тарихалъул бицунел) ва эстетикиял (ай искусствоялда, дунялалда ва гIадамазул гIумруялда
жаниб берцинлъиялъул, гьайбатлъиялъул хIакъалъулъ бицунел) предметазда гьоркьор ругел бухьенал
ричIчIи.
6. ЦIалиялда цере лъурал мурадал ва масъалаби ричIчIизе ва гьел тIуразаризе лъай.
7. Цебе лъураб масъалаялда рекъон цIалиялда хурхарал хIалтIаби планалда росизе, гьезда хадуб хелкквезе
ва гьезие къимат кьезе бугеб бажари лъугьинаби.
8. ЦIалулъ жиндирго лъикIал яги квешал хIасилал рихьизе бугеб бажари лъугьинаби.
9. Цебе лъураб мурад тIубаялъе гIоло цадахъ хIалтIизе бажари.
Предметиял хIасилал
1. Литература тIолабго дунялалъулаб ва миллияб культура гIадин бичIчIи, гьелъ рухIияб бечелъи ва
гIадатал цIунулеллъи лъай.
2. ТIехь культурияб бечелъи букIин бичIчIи.
3. РагIул искусство гIадин художествиял асараздехун бербалагьи букIинаби.
4. МагIарулазул ва Россиялъул цогидал миллатазул литератураялъул рухIияб бечелъи бичIчIи.
5. Инсан цеветIезавиялъе литератураялъул бугеб кIвар бичIчIи; ВатIаналъул ва гьелъул халкъалъул,
сверухъ тIабигIаталъул, культураялъул, лъикIлъи-квешлъиялъул, гьудул-гьалмагълъиялъул,
ритIухълъиялъул
хIакъалъулъ бичIчIи лъугьинаби; гьоркьоса къотIичIого цIалдезе кколеблъи бичIчIи.

6. ЦIалиялъул бугеб кIвар бичIчIи; цIалиялъул батIи-батIиял тайпабаздаса пайда боси (лъай-хъвай
гьабиялъул, аслияб жо балагьиялъул, тIасабищул, лъазабиялъул); героязул хьвада-чIвадиялъе кьураб
къимат хIужжабаздалъун кьучIаб букIин бихьизабизеги, гьоркьоб лъураб жоялда тIаса жиндирго пикру
загьир гьабизеги, текстазул батIи-батIиял тайпаби ричIчIизеги, гьезие къимат кьезеги бажари. 7. Жиндие
къваригIараб литература, живго жиндаго чIун, цогидазулкумек гьечIого, тIаса бищизеги цебе букIаралдаса
цIикIкIараб информация бичIчIизе ва щвезе баян кьолел тIахьал (источникал) хIалтIизаризеги бажари.
8. БатIи-батIиял текстазул анализ гьабизе, ай гIиллаялъулабгин цIех- рехалъул бухьен чIезабизеги,
асаралъул аслияб пикру загьир гьабизеги, текст бутIабазде биххизеги, гьел бутIабазда цIарал лъезеги,
гIадатаб план гIуцIизеги, асаралъул загьирлъи, пасихIлъи бихьизабулел алатал ратизеги, текст жиндирго
рагIабаздалъун цIидасан цIализеги бажари.
9. БатIи-батIиял текстазда тIад хIалтIизеги, цIалул ва художествиял, гIелмиялгин нахъгIунтIиялъулал
текстазул хаслъаби рихьизаризеги бажари; художествиябгин творчествияб пагьму цебетIезаби;
художествиял асаразда, суратазда тIасан яги жиндирго хIалбихьиялъул хIакъалъулъ живго бетIергьанаб
текст гIуцIизе бажари.

2 класс (34 с)
ЦIали ва калам цIебетIезаби (анкьида жаниб 1 сагIат,кинабниги 34 сагIат)
Асарал цIализе ва гьелда тIад хIалтIизе-27 сагIат.
Класстун къватIисеб цIалиялъе-3 сагIат.
Калам цебетIезебиялъул хIалтIабазе-4сагIат.
Рии ракIалде щвезаби
Риидал магIарул тIабигIаталъул бицунел харбал ва кучIдул. ЧIахIиял гIадамаз ва лъималаз гьарулел
пайдаял хIалтIабазул бицунел асарал.
Меседилаб хасалихълъи
Хасалихъе тIабигIаталъул ва гьеб цIуниялъул, бачIин бакIариялъул ва ахакь, хурзабахъ гьарулел
хIалтIабазул хIакъалъулъ къокъал, пасихIал харбал ва кучIдул. ТIабигIаталде экскурсия.
Нилъер ункъхIатIилал гьудулзаби
ХIайваназул ва хIанчIазул хIакъалъулъ къокъал кучIдул, харбал, маргьаби ва бицанкIаби. Гьел цIуниялда ва
гьезул гIумруялда, бетIербахъиялда тIасан гара-чIвари.
Эркенаб захIмат – нигIматазул ицц
ЗахIматалъул, батIй-батIияб махщалил, гьединго лъималазул гIумруялъул ва пайдаял ишазул хIакъалъулъ
асарал. Лъималазул рукIа-рахъиналда, хьвада-чIвадиялда тIасан гара-чIвари.
Лъималазул гIумру ва гьезул ишал Лъималазул гIумруялъул ва ишазул хIакъалъулъ харбал, кучIдул,
кицаби ва абиял. Лъималаз цоцазе ва чIахIиязе гьабулеб кумекалда тIасан гара-чIвари.
Хасел – лъималазе рохел Хасалил гIаламатазул, ЦIияб соналде гьабулеб хIадурлъиялъул, хасалолъималаз
гьарулел расандабазул, хIайваназ ва хIанчIаз хасел тIамулеб куцалъул бицунел асарал.Хасалил
тIабигIаталде экскурсия.
Хъизан ва школа Хъизаналъул ва школалъул, кIудиязулги гIисиназулги цоцадехун букIине кколеб
гьоркьоблъиялъул хIакъалъулъ кучIдул ва харбал.
ЛъикIлъи, хIалимлъи, хIурмат
ГIадамазул лъикIабги квешабги хьвада-чIвадиялъул, цоцазе гьабулеб
хIурматалъул, яхI-намус бугел унго-унгоял гIадамазул хIакъалъулъ харбал ва кучIдул.

Халкъияб кIалзул гьунаралъул асарал
2 абилеб классалъул цIалдохъабазе мустахIикъал
захIматалъул, хIайваназул, гIажаибал лъугьа-бахъиназул, лъикIлъи-квешлъиялъул бицунел халкъиял
маргьаби, кучIдул, кицаби, абиял ва бицанкIаби.
Их Ихдалил тIабигIаталъул, гьелъул берцинлъиялъул, хIайваназул гIумруялъул, хурзабахъ ва ахакь
гьарулел хIалтIабазул, лъималаз гьарулел расандабазул хIакъалъулъ харбал ва кучIдул. Ихдалил
байрамазул бицунел асарал (8 Март, оцбай ва гь.ц.)
Ихдалил тIабигIаталде экскурсия.
Росу Росдал тIабигIаталъул, гIадамазул гIумруялъул, гьез гьарулел хIалтIабазул, гIухьбузул,
рекьарухъабазул, ахихъабазул хIакъалъулъ асарал.
Нилъер ВатIан ВатIаналъул, шагьаразул ва росабазул, гьаваялда, ралъдада ва ракъдада бахIарчилъи
бихьизабурал Дагъистаналъул бахIарзазул хIакъалъулъ кучIдул ва харбал. Экскурсия «Нилъер росу»,
«Нилъер район».
Класс тун къватIисеб цIали ЦIализе кколеб материал. Жиндир кIодолъи 8-30 гьумералдаса тIаде инчIеб
лъималазул художествияб ва гIелмиябгун художествияб тIехь. Жидецаго цIалулел кучIдузул, маргьабазул,
харбазул кIодолъи букIине бегьула 1-10 гьумералдаса тIаде инчIеб.
ЦIалул тематика. ВатIаналъул, бахIарчиял ишазул, лъималазул, хIайваназул, гIажаибал лъугьабахъиназул ва гь.ц. хIакъалъулъ бицунел асарал.
ТIехьалъулгун гьабулеб хIалтIи. Лъималазда лъазе ва бажаризе ккола: тIехьалъул жилд, гьумер, ахир
бихьизабизе; мугIалимас цIалун гIенеккарал ялъуни жидецаго цIаларал асаразда тIасан кьурал суалазе
битIун жавабал кьезе; асаразул ва гьезул авторазул цIаразде балагьун, хIасил бицине; цIалараб жоялъул
тема бицине; кьурал гIаламатаздалъун тIахьал тIаса рищизе; героязул гIамал-хасияталъе, гьез гьарулел
ишазе ва гьез гIахьаллъи гьабулел лъугьа-бахъиназе битIун къимат кьезе; классалъул цIалул бокIоналъул
низам цIунизе.

3 класс (34 с)
ЦIали ва калам цIебетIезаби (анкьида жаниб 1 сагIат,кинабниги 34 сагIат)
Асарал цIализе ва гьелда тIад хIалтIизе-27 сагIат.
Класстун къватIисеб цIалиялъе-3 сагIат.
Калам цебетIезебиялъул хIалтIабазе-4сагIат.
Ц1али ва калам цебе т1езаби.
Рии Риидалил тIабигIат цебечIезабулел Дагъистаналъул paгIул устарзабазулги халкъиял асараздасаги
къокъал кучIдул ва харбал. Риидал лъимал хIалтIараб, гьез хIухьбахъи гьабураб куцалъул хIакъалъулъ
харбал, кучIдул, гара­чIвариял.
ТIабигIат цIуни – ВатIан цIуни МагIарулазул хъвадарухъабазул гIагараб ВатIаналъул сипат­сурат
цебечIезабулел асарал.
ТIабигIат цIунизе ккей загьир гьабулел асарал.ТIабигIаталда кколел хиса­басиял.
ТIабигIат цIуниялъул хIакъалъулъ халкъиял асарал: кицаби, маргьаби, бицанкIаби.
Меседилаб хасалихълъи Меседилаб хасалихълъиялъул сипат­сурат, берцинлъи, бечелъи
цебечIезабулел асарал. Хасалихъе гьарулел хIалтIаби. Хасалихълъиялъул хIакъалъулъ халкъиял асарал.
Хасалихъе рукъалъул ва гIалхул хIайванал. ТIабигIаталда кколел хиса­басиял.
Лъималазул гIумру ва гьезул ишал
Лъималазул гIумруялъул ва ишазул хIакъалъулъ харбал.
ГIадамазе, ВатIаналъе пайдаяллъун рукIине ккеялъул бицунел асарал. Лъималазе рекъел бокьула.
Лъималазул миллияб гьудуллъи. Киналго лъимал вацал ва яцал ккола.

ЦIорораб хасел Хасалил тIабигIаталъул хIакъалъулъ харбал, кучIдул, кица­би, маргьаби. Хасало
лъималазул расандаби. Халкъалъул кIалзул гьунаралъул асараздасан3 абилеб классалъул цIалдохъабазе
мустахIикъал халкъиял маргьаби, харбал, кучIдул, кицаби, бицанкIаби.
Рекъел ва гьудуллъи Ракълилаб гIумруялъул ва гьудуллъиялъул берцинлъи, гьайбатлъи беццун хъварал
кучIдул ва харбал. Ракълие гIоло къеркьей.Рохалилаб их.Ихдалил тIабигIаталъул, гьелъул
берцинлъиялъул, ихдалил хIалтIабазул хIакъалъулъ харбал, кучIдул, маргьаби, кицаби, абиял. Ихдалил
тIабигIаталда кколеб хиса­басиязул хIакъалъулъ гара­чIвари.
Ихдалил байрамал (8 Март, 9 Май).
кучIдул. ЗахIмата­лъул баракат.

Эркенаб захIмат ЗахIматалъул церехъабазул хIакъалъулъ

ЗахIмат ккола рохелги, бечелъиги, талихIги. ЗахIматалда хурхарал кицаби, абиял. ЧIахIияз ва
лъималаз гьарулел хIалтIабазул хIакъалъулъ гара­чIвариял. МагIарулазул устарзабазул хIакъалъулъ
харбал. ВатIан чIухIарал бахIарзал ВатIаналъе гIоло pyxI кьурал бахIарзазул гьунарал, гIаданлъи,
лебаллъи, намус­бацIцIалъи загьир гьабулел къокъал харбал, кучIдул, маргьаби, биценал, кицаби.
ГIалимзабазул, гIакъилзабазул хьвада­чIвадиялъул бицунел асарал. Класс тун къватIисеб цIали ЦIализе
кколеб материал. ЦIализе хIисаб гьабурал художествиял тIахьал рукIине бегьула 1–100 гьумералдаса тIаде
инчIел. ЛъикIаланго пайда босула
«Лачен» журналалдаса. ЦIалул тематика. Классалда цIализе ругел асаразул тематикаялде
балагьун, живго мугIалимас чIезарула цIализе мустахIикъал асарал. ТIехьалъулгун гьабулеб хIалтIи.
Лъималазда лъазе ва бажаризе ккола: тIехьалъул бутIаби рихьизаризе: тIехьалъулги авторасулги цIарал
ругеб тIоцебесеб гьумер, бутIрул, цеберагIи, цадахълъел; темаялда хурхараб тIехь тIаса бищизе, гьелъие
битIараб къимат кьезе;лъагIалил I бащалъиялда анкьида жаниб 2–3 гьумералде, лъагIалил II
бащалъиялда 10–15 гьумералде рахарал асарал цIализе; мугIалимасул суалазде мугъги чIван, цIалараб
жоялъул хIасил цебечIезабизе.
Малъарал асаразул, лъугьа­бахъиназул тартиб чIезаби. Жидецаго текст магIнаял бутIабазде биххи,
мугIалимасул кумекалдалъун гьезулъ цIикIкIун кIвар бугеб бакI балагьи. ТIубанго тексталъул ва гьелъул
щибаб бутIаялъул аслияб пикру загьир гьаби, гьезда цIар лъей.

МугIалимасул кумекалдалъун малъарал (цIаларал) асаразул план гIуцIи. Планалда рекъон мухIканго,
гьоркьоса бищун, къокъго яги гIатIидго, хIасил бицин. Хабариял, сипатиял ва пикруял текстал гIуцIи ва
каламалъулъ гьездаса пайда босизе бажари.
Гара­чIвариялъулъ гIахьаллъи: лъурал суалазе жавабал кьезе, цо чIванкъотIараб темаялда тIаса
кIалъазе, гьалмагъзабазул кIалъаялъухъ гIенеккизе бажари.
Жидеца цIалулеб тексталда жаниса ричIчIуларел рагIаби ва предложениял ратIарахъи, гьезул магIна
мугIалимасда цIехей.
Диафильм хIисабалда малъараб (цIалараб) тексталъулъ кколел лъугьа­бахъиназул тартибалда суратал
церечIезари.
Жидерго халкквеялъул, цIалдохъабазул гIумруялъул хIакъалъулъ хабар бицин.
Хабар бицунаго, синонимаздаса, сипатиял рагIабаздаса ва предложенияздаса пайда боси.
Героязул, тIабигIаталъул, лъугьа­бахъиназул сипат­сурат бихьизаби, авторас хIалтIизарулел рагIаби ва
предложениял тексталъулъ жидецаго рати.
МугIалимасул кумекалдалъун малъарал асаразулъ лъугьа­бахъиназе ва героязул ишазе битIараб къимат
кьей.
Каламалъул гьаркьилаб культура камиллъизаби, литературияб къагIидаялда рекъон рагIаби аби.
Халкъиял асараздаса литературиял асарал ратIа гьари.

4 класс (34 с)
ЦIали ва калам цIебетIезаби (анкьида жаниб 1 сагIат,кинабниги 34 сагIат)
Асарал цIализе ва гьелда тIад хIалтIизе-27 сагIат.
Класстун къватIисеб цIалиялъе-3 сагIат.
Калам цебетIезебиялъул хIалтIабазе-4сагIат.
ЦIалул тематика
Бищунго кьарияб жо-рии,бищунго бечедаб жо-хасалихълъи. Роол ва хасалихълъиялъул хIакъалъулъ
рагIул устарзабаз хъварал асарал.Риидал рукIарал рекIелгъеязул ва хIухьбахъиялъул,хаслихъе хурул ва
ахил бачIин рукъалде буссинабиялъулъ цIалдохъабаз гьабулеб гIахьаллъиялъул гара-чIвари.
Дунги дир гьалмагъзабиги
Лъималазул гIумруялъул,гьез гьабулеб гьудул –
гьалмагълъиялъул,захIматалдехун гьезул бугеб гьоркьоблъиялъул бицунел харбал,кучIдул,маргьаби ва
кицаби.
ТIабигIат цIуни
ГIагараб тIабигIат,рухIчIаголъаби ва рохьал цIуниялъул хIакъалъулъ
рицунел харбал,кучIдул ва маргьаби.
ЛъикIабин сунда абулеб,квешабин сунда абулеб?
ГIадамазул гьоркьолъабазул ,унго-унгоял
гьудулзабазул ва гьалмагъзабазул,лъикIабги квешабги хьвада-чIвадиялъул,яхI-намусалъул хIакъалъулъ
рицунел харбал,кучIдул,маргьаби,кицаби,бицанкIаби ва абиял.
Гьудуллъиялъ бахъулареб хъала букIунареб
бицунел кучIдул,харбал ва маргьаби.
Хасел

Халкъазул вацлъиялъул ва гьудуллъиялъул

Хасалил тIабигIаталъул хIакъалъулъ рагIул устарзабаз хъварал асарал.

Халкъияб кIалзул гьунаралъул асарал
бицанкIаби.

Аваразул ва цогидал миллатазул маргьаби,кицаби,абиял ва

ТIабигIат берцинаб их
Ихдалил тIабигIат чIаголъулеб куцалъул,гьелъул берцинлъиялъ
гьабулеб асаралъул,ихдалил байрамазул бицунел асарал.
Нилъер адабият ва маданият
РухIияб ма материалияб маданияталъул ,рукIарахъиналъул,захIматалъул,хьвада чIвадиялъул,адабияталъул хIакъалъулъ бицунел асарал.МагIарул
устарзабазул хIакъалъулъ харбал ва кучIдул(ГьоцIалъ,Унсоколо,Рахата,ГIанди).
МугIрузул улка
Дагъистаналъул мацIазул,халкъазул тарихалъул,эркенлъиялъе гIоло
къеркьарал бахIаразул(Шамилил,ГъазамухIамадил,ХIамзатил ва гь.ц.)биографиялъул хIакъалъулъ бицунел
асарал.
ЦIалиялъул рахъалъ цIалдохъабазул лъугьине кколеб бажари
ЛъагIалил I бащалъи. Логикияб ударениеги лъун,кколелъул лъалхъиги гьабун, рагIун, битIун, бичIчIун,
чвахун, рагIабиккун текст цIалиялъул хехлъи минуталда жаниб 85-90 рагIуде бахине ккола.
ЛъагIалил I I бащалъи.Минуталда жаниб 90-120 рагIи кколеб хехлъиялда художествиял текстал ритIун,
дурун ва пасихIго,рагIун цIализе.
Тексталда тIад хIалтIи.Цоцада хурхараб калам
ТIехьалдаса цIалараб жоялъул магIна жидецаго босизе (аслияб пикру жидерго рагIабаздалъун загьир
гьабизе);
Тексталъул бутIабазул магIнаялъулаб бухьен чIезабизе;хабаралъул план гIуцIизе.
Жидецаго гIуцIараб планалда рекъон асаразул хIасил къокъгоги гIатIидгоги бицине;цо чIванкъотIараб
суалалда тIасан хабар гIуцIизе.

Жидецаго гIуцIараб планалда рекъон асаразул хIасил къокъгоги гIатIидгоги бицине ;цо чIванкъотIараб
суалалда тIасан хабар гIуцIизе тексталъул материал батизе.Хабар бицунаго,магIнаялъул тартиб ва дуруслъи
цIунизе.
Хабаралъул героязул каламалъул хаслъабазухъ халкквезе, гьезул ишал ва цогидаздехун ругел
гьоркьорлъаби дандекквезе.
Героязул гIамал-хасияталъе ва рагIабазе къимат кьезе, герояздехун ва гьез гIахьаллъи гьабулел лъугьабахъи загьир гьабизе. Асаразда жанир кколел лъугь-бахъиназул,героязул,сверухъ бугеб тIабигIаталъул
сипат-сурат цебечIезабулел рагIаби ратизе (данднкквеял,эпитетал,метафорал,фразеологиял свераби ).
Харбазул, кучIдузул, маргьабазул,кицабазул,абиязул, бицанкIабазул хIакъалъулъ 1-3 классазда щвараб
лъай щула гьабизе. Художествиял текстал гIелмиял текстаздаса ратIа рахъизе ругьун гьаризе.
ЛъагIалида жаниб 10-12 кечI рекIехъе лъазабизе.
Класстун къватIисеб цIали
ЦIалул дарсазда цадахъго гIатIидго бачине ккола класстун къватIисеб хIалтIиги.Гьелъул аслияб мурад буго
литератураялъулгун цIалдохъабазул лъай-хъвай гьаби,лъималазул тIехьалде интерес бижизаби,жалго
жидедаго чмун,тIехь цIализе ва гьеб тIаса бищизе лъимал ругьун гьари.
Программаялда рекъон цIалдохъабаз лъай-хъвай гьабула батIи-батIиял жанразул темабазул лъималазе
хъварал тIахьазулгун. МугIалимасул ихтияр буго лъазаризе мустахIикъал асарал,тIахьал,авторал тIаса
рищизе ва,гьезулгун лъай-хъвай гьабулаго,сагIтазул цо чIванкъотIараб къадар бихьизабизе.Амма гьаниб
хIисабалде босизе ккола нилъер улкаялъул жакъасеб маданияталда жаниб щивав хъвадарухъанасул бугеб
кIвар.
Класстун къватIисеб дарсида хасаб бакI ккола гIагараб тIабигIаталъул хIакъалъулъ адабияталъ ва
магIарулазул мацIалъул хаслъиялъул, бечелъиялъул,гьезул гIумруялъул,рукIа-рахъиналъул ва гIадатазул
бицунел,гьединго халкъияб кмалзул гьунаралъул асараз.
Программаялда гъорлъе уна:
1. ЦIализе кколеб материал;
2. ЦIалул тематика;
3. ТIехьалъулгун гьабулеб хIалтIи.
Класстун къватIисеб цIалиялъе лъималазе кумек гьабула жура-гъуран гаргадиялъул бажари
цебетIезабизе,ай гьединал дарсазда цIалдохъан ругьунлъула диалогалъулги гара-чмвариялъулъги
гIахьаллъизе,гьалмагъзабазулъ гIенеккизе, жиндирго пикру загьир гьабизе ва гьелъулъ ритIухълъи
бихьизабизе.
ЦIализе кколеб материал.
Аваразул ва цогидал миллатазул рагIул устарзабаз хъварал,лъималазул гIумруялде гIагарал гIисинал
асарал.
ЦIалул тематика.
ГIадамазул цоцадехун рукIунел гьоркьорлъабазул, лъикIабги квешабги хьвада-чIвадиялъул, яхIнамусалъул,рухIияб ва материалияб маданияталъул,рукIа-рахъиналъул,Дагъистаналъул
тарихалъул,халкъазул эркенлъиялъе гIоло къеркьарал бахIаразул хIакъалъулъ бицунел асарал.
ТIехьалъулгун гьабулеб хIалтIи.
Лъималазда лъазе ва бажаризе ккола:
Лъималазул гIумруялда хурхараб тIехь балагьизе ва жидецаго цIализе;
лъагIалил I бащалъиялда анкьида жаниб 3-6 гьумералде,лъагIалил II бащалъиялда 15-20 гьумералде
рахарал асарал цIализе:

ЦIалараб жоялъул къокъго хIасил бицине: мугIалимас кьураб ялъуни жидецаго гIуцIараб планалда
рекъон,героясул хIакъалъулъ хабар гIуцIизе.

Авар каламалъе къиматал лъезе ч1езарурал нормаби.
«5» къимат лъола, мух1канго, г1ураб гъварилъиялда малъараб материал ц1алдохъанас бицунеб ва
мац1алъул г1елмиял баяназе бит1араб определение кьолеб бугони, гьединго ц1ехолеб материал т1ок1к1ун
лъалеб ва, гьелдаса пайдаги босун, т1ехьалда ругел гурелги, жинцаго ургъарал мисалаздалъун жаваб кьуни.
«4» къимат лъола щуйил къиматалъе мустах1икъаб, амма маг1наялъулъ, яги хадуб-цебе рекъон
бач1иналъулъ,1-2 гъалат1 яги бицадулъ 1-2 сакъат ккараб жавабалъе.
«3» къимат лъола ц1ехолеб материал аслияб куцалъ ц1алдохъанасда бич1ч1ун ва лъан бук1ин
бихьизабулеб, амма определение кьолаго, яги бит1унхъваялъул къаг1ида бицунаго, г1унгут1аби риччараб,
т1убараб мух1канлъи гьеч1еб жавабалъе.
«2» къимат лъола малъараб материалалъул ц1ик1к1унисеб бут1а ц1алдохъанасда лъалеб
батич1они, бицунеб жоялъул тартиб гьеч1ого, бак1-бак1алде к1анц1ун бицунеб бугони.


Наверх
На сайте используются файлы cookie. Продолжая использование сайта, вы соглашаетесь на обработку своих персональных данных. Подробности об обработке ваших данных — в политике конфиденциальности.

Функционал «Мастер заполнения» недоступен с мобильных устройств.
Пожалуйста, воспользуйтесь персональным компьютером для редактирования информации в «Мастере заполнения».